Страничка воспитателя Сатубаловой Лаюзы Насрулаевны

Конспект Занятия : Тема: «Балхаразул хъабаялда накъишал»

20.04.2021

Муниципальное Казенное дошкольное образовательное учреждение 

«Детский сад «Солнышко»

 

 

 

 

 

 

 

         Воспитатель: Сатубалова Л.Н

Тема:   «Балхаразул хъабаялда накъишал»

Аслияб мурад: Лъимазул лъай- хъвай гьаби Дагъистан республикаялъул халкъияб, цебегосеб уст1арлъи – махщелгун.

       Лъимазул творческияб нух, пикру   г1ат1ид гьабизе.

      Балхаразул пишагун, махщелгун  лъай – хъвай гьаби. 

      Цебет1езе гьаби сурат берцинго къач1ай, ч1ух1изе гьаби, балхаразул накъищал рассиналдалъун.

Лъималазулъ куцай  берцинлъи бич1ч1и.

                      

Алатал:     Дагъистан респуликаялъул  карта,  Балхар росдал сурат,  печь – чара сурат, щаг1ихъанияб горалъул сурат, балхаразул хъабузул, парччабазул суратал, т1ад накъиш гьеч1еб  х1адурараб балхаразул хъаба ,  краска, кисточка, салфетка, кленка.

 Раг1аби:  Ангоб, чара, жюлла .

  

                                          Дарсил ин.

В- Рорч1ами лъимал

Д- Рорч1ами.

В- Лъимал жакъа дун х1алт1уде яч1инаго диде данд ч1вана нилъерго школалъул музеялъул х1алт1ухъан. Гьей ц1акъ къваридго йигоан . Щиб ккарабан гьикъидал гьелъ гьадин бицана:

     Школалде гьоболлъухъ рач1ине руго г1ерал гьалбал бат1и- бат1иял росабалъа ва республикаяздаса. Нижеца гьесие х1адурун буго  г1емераб  бат1и- бат1ияб церерахъин, амма ниж унгъарулел гьеч1огун руго  гьезие кьезе сайгъатал х1адуризе. Школалъул ц1алдохъабаз  рассун х1адурун руго балхаразул хъабул, амма гьезда накъишал рахъизе заман г1олеб гьеч1о. Дие бокьун бук1ана нужеда ясли – аххалъул лъимазда ниже кумек гьабаян

гьаризе. Лъимал нуж рази ругелищ школалъул ц1алдохъабазе кумек гьабизе?

Д-

В- Х1алч1ахъадал, дун кин шаклъун йик1инч1о нужеда.

Гьединлъидал дица абуна, нижер лъимал  кидаго кумекалъе х1адурал ругилан.

Амма лъимал  рач1а цин нилъеца рак1алде щвезе гьабизин.

 Щиб республикаялда нилъеца г1умру гьабун бугеб?

 

Д-Дагъистан респуликаялда

 

В- Бит1араб буго молодец Мух1амад Дагъистан ккола лъимал  г1емераб миллатазул улка.  Цуцалъ халкъалъул г1ункиги ц1акъ щулияб.

Лъимал лица абилеб щиб халкъалъул  хъаба бахъейилан нилъеда абураб

 

Д- Балхаразул

 

В- бит1араб буго Асият  Нилъер Дагъистаналда ккола г1емарал махщел -пишаялъул г1адамал жаниб г1ураб ракь.

Рач1ая нилъеца рак1алде щвезе гьабизе кина- кинал пишаби нилъеда лъалел?

 

А- Кубачи гьабула меседил ва г1арц1ул т1аг1ел

 

В- Бит1ун буго Ах1мад молодец

Яхъая Аминат дуда цойги кинаб пиша лъалеб?

 

А-  Унцукулалда ц1улал махщел цебет1ун буго.

 

В-  Бит1араб буго молодец

  

М-  Табасараналда рессула халичаби

 

В- Молодец Мух1амад 

Абея  Марьям дуда кинаб пиша  лъалеб Дагъистаналда бугеб?

  

М—Балхараз гьабула  х1арччул – глинаялъул т1аг1ел.

 

В- Бит1араб буго Марьям, х1алч1ахъад.

В- Лъимал жакъа дие бокьун буго нужгун г1ажаибаб сапаралде яхъине, бокьилищ нужее сапаралде рилълъине. Хочу такой сайт

Д-

В- Балхаразул пишагун гъвадидго лъай – хъвай гьабизе , нилъеца т1аде босараб х1алт1и мух1канго ва берцин гьабизе.

 Рач1а нилъеца рик1к1ина кеч1 ва нилъ рещт1ина балхаралде.

Рорхатал гох1ал руго

Нилъер Дагъистаналда

Гъварида к1к1алал руго

Нилъер Дагъистаналда

Г1ат1идал лъарал руго

Нилъер Дагъистаналда

Гьайбатал ракьал руго

Нилъер Дагъистаналда.

В- Лъимал гьале ниж щвана балхаралде гьоболлъухъ.

( суратал Балхар росдал ва балхаразул т1аг1алил)

Лъимал рилъулищ нужеда берци- берцинал х1арщул ва щаг1ил т1аг1ел.

Д-   Рихьулел руго.  ( Лъималаз суратал рихьила)

                  Гьабила дидактикияб х1ай.

                «Бут1абаздасан сурат г1уц1и»  ( балхаразул т1аг1елал чанго бут1абаздалъун)

В- молодецал руго.

В- Лъимал г1одор ч1а гьанже бак1азда дица нужее бицина хабар , кин балхаразул абиялда гьел ругьунлъарал гьадинаб берцинаб т1аг1ел гьабизе.

 

                          Хабар

Гьадинаб бицен буго, цебесеб заманаялда жеги ракьалда заводал, фабрикаял гьеч1еб мехалда, Балхар росу г1умро гьабун вук1анила К1алк1уч1 ц1ар бугев цо г1олилав . Заман бук1анила ц1акъ зах1матаб кваназе квен бигьа щолареб. Гьев К1алк1уч1 гьувак1анила ц1акъ ц1одорав ва г1акъилав г1олохъанав чи. Цо къоялъ г1одов ч1ун щиб дай гьабила дица:  «Кинан кванил ниг1матал росизе  х1ал бихьилеб, киса дица гъурущ батилеб» - абун урхъулев   вук1ана. К1алк1уч1иде рак1алде щвана: « Гьит1инаб заманаялда расандизе, чвердезе лъимал унеб бак1алда, росулъ бугеб х1орил раг1алда бугеб г1ажаибаб х1ат1- х1арщ. Гьениве векерун К1алк1уч1ица х1ат1 бак1арун гьабула, щаг1ил- х1ат1ил хъаба, лъим гьекъолеб гел. Гьелдаса нахъе балхаразулъ цебе т1ола х1арщулаб- х1ат1ил махщел.Балхаралда  руччабаз гьабула х1алт1и бихьинал гьеб бичизе гьвадулаанила. Х1арщулаб х1алт1и берцин гьабизе т1ад накъищал рахъизе гьез х1алт1изе гьабуна хъах1аб  - ангоб

Гьабулеб т1аг1елалъ форма  босизе гьабураб  гьабураб кругалде -  жолла, жаниб т1аг1ел бежулеб печь- чара. Лъимал нилъецаги жакъа школолъул  ц1алдохъабазе кумек гьабун, гьез х1адурун ругел хъубузда балхаразул накъищал рахъила.

В- бокьилищ нужее х1алт1изе г1одор ч1езе

Лъ  ---

В –Лъимал рач1ана нилъеца рак1алде щвезе гьарила, бахаразул узорал , жакъа рахъизе ругел.

Асият – Колесо, звездочка

Аминат --- Штрихи, линии

Мух1амад-----точечки, волнистые линии.

В- молодецал 

В- Гьабсаг1ат нилъеца   килщазулаб х1ай гьабун, кверал х1алт1уде х1адурила:

Нижер кверал лебалал

Нижер кверал г1едерал

Нижер кверал ц1одорал

Нижер кверазал бахъулеб

Берцинал гьал накъищал.

Столазда нахъа г1одор ч1ун, гьенир ругел балхаразул  накъищал  т1ад гьеч1ел суратазда накъищал рахъила.

 

Закрепление

Столазда рак1арула лъималазул х1алт1аби ва гьезий къимат кьела.

Лъимал лъие бокьилеб жакъа нилъеца бицараб рак1алде щвезе гьабизе?

В- Лъимал жакъа нилъеца сундул х1акъалъулъ бицараб?

Нод «Мой любимый Дагестан» старшая группа

18.11.2021

конспект лаюза.docx (скачать)

Кроссворд «Дагестанский орнамент»

30.11.2021

        

Кроссворд.docx (скачать)

Искусство Дагестана

14.10.2021

Наверх
На сайте используются файлы cookie. Продолжая использование сайта, вы соглашаетесь на обработку своих персональных данных. Подробности об обработке ваших данных — в политике конфиденциальности.

ВНИМАНИЕ!

Срок действия лицензии на использования программного обеспечения окончен 31.12.2023.
Для получения информации с сайта свяжитесь с Администрацией образовательной организации по телефону 8988 655 49 49

Функционал «Мастер заполнения» недоступен с мобильных устройств.
Пожалуйста, воспользуйтесь персональным компьютером для редактирования информации в «Мастере заполнения».